Майданалда гIумру халат бахъунеб буго Януковичасда ва оппозициялда балагьичIого. Макьу гьечIолъиялдаса свакан, гIадамаз хьул лъолеб буго церехъабазул таваккалаб хIукмуялда. Аслияб тIалаб - Янукович хIалхьиялде ин - жеги тIубазабун гьечIо. Жалго жидецаго цIунизе гIоло гIуцIарал къукъабаз низам тIад чIезабулеб буго. Ф.Вячоркаца рахъарал суратал
ЧIегIерабгун-ХъахIаб майдан.
2
Хьинаб ретIел бикьи.
3
Бегьула гьаниб шахматалги хIазе.
4
Институтская абулеб къватIалда бараб баррикадаялда тIад бихьулеб буго игIлан - "Белоруссия нужгун" абураб.
5
Институтская абулеб къватIалда бараб баррикада.
6
Баррикадабазул ахирисеб мухъалде рачIине изну кьун буго рагъухъаназе ва журналистазе.
7
"Европейская" абулеб майданалда Януковичасде данде гIуцIараб митинг.
8
Майданалде жанире лъугин гьанже эркенаб буго. Хъаравуллъи гьабулеб гьечIо гьениб.
9
"Европейская" абулеб майданалда аскIоб гIахьалчагIаз футбол хIалеб буго.
10
Протесталъул акциязда хьварал гIахьалчагIазул хIурмат гьабиялъул гIаламатал.
11
Грушевская абулеб къватIалда бухIизабураб автомашинаялда цере суратал рахъунел туристал.