ЧIаго хутIарал рагъул ветеранал Чачанлъиялда дагьал гурони гIемер гьечIо. ГIицIго 90 чи. Гьезда гъорлъ – Абацаев Нажмудин. Жиндирго халкъ депортация гьабун букIиналъухъ ццим бахъарав гьев парадазда киданиги гIахьаллъичIо. Исана гьесул хIурмат гьаби мурадалда гьоболалъухъе рачIарал росуцояз рукъоб мавлид гьабуна. Суратал рахъана Чабаев МухIамадица.
9-билеб Май Чачан Республикаялда
Исана Бергьенлъиялъул къо кIудияб чIухIигун тIобитIана Россиялда. Хасго Чачан республикаялда. Грозный шагьаралъул майданалда театралияб церерахъин бихьизабун букIана гIадамазде – «Рейхстаг» бухIизабун ва «асир гьарурал нацистал» аскIоса гIадамазул беразда цере рачун.
11
12
13
14
15
16
17
18
19
Ветеранасул цIар кьун буго гьес гIумру гьабулеб къватIалъе.
20
Абацаев Нажмудин цониги парадалда гIахьаллъичIо. Гьединаб даимаб протест гьес лъазабуна тIалъиялде чачан халкъалъул депортация гьабиялда бан.