.
Чернобыль: рахьдалгун гьацIул ракьищ?
Цере Чернобылалда гIумру гьабун рукIарал гIадамазул цо къокъаялда ракIалде ккана гьанже гьенирего тIадруссине. "Эркенлъи" радиоялъул мухбирасда (Амоs Chapple) дандчIвана гьезул цояв - радиациялъулъ бетараб ракьалда гьавугьинан яшав гьабулев чи.
1
30 цебе кьвагьараб Чернобылалъул атомалъул электростанция
2
АЭС кьвагьун хадур хутIарал чIваднахъ роххуца холаго тира-сверулел, суратал рахулел рукIуна туристал.
3
Лъималазул противогазазул (нагагьлъун СШАялъ тIадекIанцIи гьабун, ботIрода ххезейин хIадурун рукIарал жал) цIун буго чIабар.
4
Кидаяли жидер шагьаралдаса чIухIун хьвадулел рукIарал гIадамазул талихIкъосана цо лъилалиго агъаз гьечIолъиялъ.
5
Амма буго батIияб Чернобыльги. Гьаб ккола Чернобылалде тIадвуссарав 160 чиясда гьоркьоса цоясул - Василий Сокиренкол мина.
6
Цеве полициялда хIалтIулев вукIарав чи - Чернобылалде тIоцеве вачIана 1990 соналда. Гьениб гьесие щолаан гьелде щвезег1ан жив вук1араб бакIалда щолелдаса кIиго нухалъ цIикIкIун гIарац. Микьго соналдасан гьев нахъвуссана жиндирго Сума шагьаралде. Амма гьес гьениб гIемер мех бачIо.
7
"Дун вукIана щибниги гьабичIого, гIицIго гьекъолдун ва телевизоралъухъ балагьун, дирго минаялъул щуабилеб тIалаялда гIумру гьабулев. Цинги дица хIукму гьабуна Чернобылалде тIадвуссине", - илан бицунеб буго Василийица.
8
ТIалъиялда лъай-хъвай букIиналъ гьесие изну кьуна шагьаралде тIадвуссине, амма гьев жанив чIараб мина гьесул гуро.
9
ЧIунтараб шагьаралъул къватIахъ свердулаго гьес балагьулеб букIана жиндиего хIажатаб къайи-цIа. Ахирги ратана - тIугьдулги, наялги, пастIанги ...
10
Василица хал гьабулеб буго найил тIалаялъул. Цо соналъ гьесухъе рачIун рукIана гьев жанив чIараб минаялъул бетIергьаби. Гьел гьанже Крымалда руго. Жидер мина чIобого батичIолъиялдаса цIакъ роххана гьел.