17 ноябралда Чехиялда ва Словакиялда кIодо гьабулеб буго "бархатной революциялъе" 25 сон тIубай. Берлиналъул къед биххун 8 къо иналде Прагаялда къачIго нахъе хъамун букIана студентазул демонстрация. Хадусеб къоялъ студентаз кверде росула университеталъул минаби. Гьезул рахъ ккола Прагаялда ругел театраз. Хадусел къояз къватIахъе вахъуна аза-азар чи. МоцIрол ахиралде нухмалъиялда букIараб коммунист партия разилъула эркенал рищиял тIоритIизе. Гьедин декабралда Чехословакиялъул президентлъун вищула Вацлав Гьавел. Улкаялда чIезабула демократияб нухмалъи.
"Бархатная революциялъе" 25 сон
1
Полициялъ нахъе хъамулеб буго студентазул демонстрация.
2
Полициялъ нахъе хъамулел ругониги демонстрациял халат рахъунел рукIана.
3
4
Студентазе нух къараб полиция
5
Студентаз ракун рукIана хIедул чирахъал ва ахIулеб букIана "Нижехъ ярагъ гьечIо!" абун. Амма гьел полициялъ течIого нахъе хъамизе байбихьана.
6
Демонстрантазул къадар къойидаса-къойиде цIикIкIунеб букIана. 19 ноябралда полициялъ гьезие нух къана Пражской Градалде, улкаялъул бетIерасул резиденциялде ине.
7
Наказда чIаразде дандеги хIалтIизабун букIана къуват (19 ноябралда).
8
21 ноябрь, акциязул щуабилеб къо. Прагаялъул къватIазда 200 азаргоялдаса цIикIкIун чи.
9
24 ноябрь. Демонстрантазул къадар-300 азарго чи. Гьезда цеве Вацлавасул майданалда цо минаялъул тIокъодасан кIалъана драматург, диссидент ва политикияв туснахълъун вукIарав Вацлав Гьавел.
10
26 ноябрь - Прагаялъул Летна абулеб мухъалде митингалде вачIана 500 азарго чи. Гьезда цевеги кIалъана оппозициялъул лидер Вацлав Гьавел.