Октябралда Ереваналда тІобитІараб гІелмияб конференциялда гьоркьор лъурал суалазда гъорлъ букІана ЦIоралъул магIарулазул масъалабиги. Гьеб форумалда гІахьаллъана магIарулазул тарихчагIи Тамерлан Айтберов, Маркъо ШагIбанов ва нижер мухбир Нурчазул Ахильчи. Гьенире иналда цере гьел щвана гуржиязул Кахетиялда ругел магІарул росабалъе. Совет Союз биххилелде Гуржиялъул Къварели районалда ва Лагодех шагьаралда гIумру гьабун букIана ункъазарго магIарулас. Гьезул гIемерисел рукIана Къварели районалъул Тиви ( Гургинросу), Чанклискъуре ( Росохъ), Сарусо (Хъалалъухъ, Шорохъ) ва Тлискъаро (Никул ицц) росабалъ. ГьабсагIат Къварели районалда гIумру гьабулеб буго І500 аварас (районалъул гIадамазул ункъо процент). Кахетия ккола Къварели ва жеги ичIго район гъорлъе унеб Грузиялъул регион. Гьелъул центр буго Телави шагьар. Нижер мухбир Нурчазул Ахильчица суратаздалъун хІалбихьун буго ЦІоралъул аваразул гІумру ва гьезул бакІал рихьизаризе.
МегIер бахун доб рахъалда
1
Гуржиялъул Къварели мухъалъул аваразул Тиви росдал рагIаллъи.
2
Тиви. ЦIул гьаниб гьанжеги хутIулеб буго бищунго ракI чIараб цIатарилъун.
3
Тиви росдал проблемабазул цояб рагIалде бахъинабулеб буго. Бахъулеб буго цIияб артезиан.
4
Тиви. 80 сон барав Адалов Бадрудинида гIумруялда жаниб гIемераб гIакъуба-къварилъи бихьана. Гьезул росу 1944 соналда Чачанлъиялде гочинабуна, цинги 1956 соналда нахъеги гочана.
5
Тиви. Дагъистаналде гочараб аваразул хъизаналъ рехун тараб мина. 1990 соналда Къварели мухъалда гIумру гьабулеб букIана 41 азарго чияс, гьезул 3800 чи аварал кколаан (9 процент). Звиад Гамсахурдиял ва Эдуард Шеварднадзел нухмалъиялъул заманалда гьениб магIарулазе «гьава-бакъ рекъечIо», аза-азар чи Россиялде гочана.
6
МагIарулазул миллияб маданияб автономиялъул (АНКА) нухмалъулев Маркъо ШагIбанов (квагIиса кIабилев) Тиви росдал гIолохъабигун. Гьес хIаракат бахъулеб буго Азербайжаналда ва Грузиялда ругел миллатцоязул ( гIага-шагарго кIинусазарго чи) къануниял ихтияралги мурадалги цIунизе.
7
Гуржиялъа Россиялде гочунел магIарулазул ихтиярал цIунулеб «Тодос» гIуцIиялъул нухмалъулев, Кахетиялъул аваразул вакил Тиви росулъа Бадрудин Ибрагьимовасе рекIее гIечIо гьесул росдал рагIалда аджаразул авал бай ва гьеб авал бихьизабулеб игIлан чIвай. Гьединаб къагIидаялда магIарулазул росдал ракь бахъулеб бугин гуржиязул тIадчагIазилан, рикIкIунеб буго Ибрагьимовас.
8
Мухъалъул центр Къварели.
9
Машгьурав тарихчи Тамерлан Айтберовасда гIелму гуребги лъин ххазеги лъикI лъалеб рагIула. Гьес жамгIиялгун гIелмиял ишазда гьоркьоб бахунеб буго аваразул шигIрабазулъ гIемер рехсолеб Алазан гIор.
10
Кахетиялъул нухаздаги киналъго бихьизабулеб букIуна гьенирги кавказиял рукIин. "Къедал гьечIеб тукада" бичулеб буго миллияб ретIел.