Шамалда захIматаб кьал. Юнанистаналда, Испаниялда ва Гуржистаналда протестал. Россиялда митингал ва Белоруссиялда парламентиял рищиял.
Анкьил тΙаса рищарал суратал. Сентябрь 22-28.
1
Шамалъул Эркенаб Армиялъул кьвагьдолев рагъухъан. Алеппо. Сентябрь, 26. (AFP).
2
Шамалъул Эркенаб Армиялъул рагъухъан хIукуматалъул аскариязул танкабазул кьвагьдеялде балагьичIого векерун унев вуго Алеппо шагьаралдаса рикIкIад гьечIеб Аль-Ардуб абулеб бакIалда. Сентябрь, 26. (AFP).
3
Непалалъул Катманду шагьаралда бортараб Dornier абулеб боржароялъул хутIелазда аскIор хIалтIулел хвасарчагIи. Боржароялде рекIарав 19 чи хвана гьеб катастрофаялъул хIасилалда.Сентябрь, 28. (REUTERS).
4
Ставрополь шагьаралъул контракталдалъун аскарияб хъулухъалъе росулеб централда офицерас кандидатазе къимат кьолеб буго. Сентябрь, 25 (REUTERS).
5
Аэропланал рачунеб "Ляонин" абулеб гамида инспекциялде ралагьун чIарал Китаялъул рагъулаб ралъдал тIаса бищараб къукъаялъул аскариял. Сентябрь, 25. (REUTERS).
6
КIудияй чIужу-гIадан Киевалъул ракьалда гъоркь бугеб нухалда. Сентябрь, 26. (REUTERS).
7
Юнанистаналъул кьварараб экономикаялъул политикалде данде Афиназда парламенталда цебе гIуцIараб разилъи гьечIолъиялъул демонстрациялда сакъатал гIадамаз хIаракат бахъулеб буго полициялъулазул кьерал чIаразе. Сентябрь, 27. (REUTERS).
8
Афиназда букIараб демонстрациялда полициялъул хасал хъулухъчагIазда аскIоб бахъараб кьвагьи.Сентябрь,26.(AFP).
9
Испаниялъул хIукуматалъул экономикияб политикаялде данде Мадридалда букIараб демонстрация. Сентябрь,26. (REUTERS).
10
ГьабсагIат Гуржистаналъе тIалъи гьабулеб Цолъараб Миллияб Багъа-Башариялъул рахъ ккуразда ва «Гуржиязул Анищ» абулеб партиялъул гIахьалчагIазда гьоркьоб Сигнаги шагьаралда багъарараб тунка-гIусси. Сентябрь, 26. (REUTERS).