Анкьил суратал
1
Венгрия. Пасхаялъул байрамалъул къоялъул гIадатазул цояб.
2
Украина. Донецк. Рагъулаб конфликталъул лъалкIал.
3
Иерусалим. «Майим Шелану» абураб церемониялда гIахьаллъулел ультраортодоксалиял жугIутIаз бакIарулеб буго табигIиял иццалъул лъин.
4
Сирия. Алеппо шагьаралда.
5
Минск. Беларусалъул католиказ жидерго гьатIаналда аскIоб бихьизабулеб буго ГIиса аварагасул гIумруялъул эпизод.
6
Афгъанистан. Мазари-Шариф. 13 сон барав Навидица ричулел руго шарал.
7
Швейцария. Лозанна. Россиялъул журналистаз шахматал хIалел руго халкъазда гьоркьосеб «анлъилабалъ» Тегераналъул ядерияб программаялда сверун Ираналъулгун кIалъа-басаяздаса информациялъухъ балагьун чIезе ккараб мехалда.
8
ГIиракъалъул хIинкъигьечIолъиялъул идараялъул хIалтIухъанас вухунев вуго Тикрит шагьаралда кверде восарав «Исламияб пачалихъ» гIуцIиялъул яргъид гIуцIарав.
9
Индия. АхIмадабад. ТIадегIанаб пилотажалъул халкъаздагьоркьосел къецазда, аэропланазул фоналда жидерго «махшел» бихьизабулеб буго хIанчIчIазги.
10
Москва. 2015/2016 Fall/Winter Mercedes-Benz Fashion Week абураб модаялъул байрамалда моделас бихьизабулеб буго Россиялъул армиялъул дизайнераз гьабурараб ретIел.