Эркенлъи радиоялъул мухбирал ругел регионазда рахъарал цо-цо суратал.
Анкьил тIаса рищарал суратал 22-27 Июль.
2
Пакистаналъул Карачи шагьаралъул мажгиталда кIал биччаялде, ай ифтаралде хIадурлъи гьабулев чи. (Reuters)
3
Манилаялда букIараб цIа ккеялъул хIасилалда гIага-шагарго 500 хъизан рукъзал гьечIого хутIана. (Reuters)
4
Каиралъул Тахрир абулеб майданалда аза-азар чияс тIаса рехарав президент МухIамад Мурси какулел игIланал ахIулел рукIана. (Reuters)
5
Шималияб Кореялъул тахшагьаралъул Ким Ир Сенил цIаралда бугеб майдан Кореялда рагъ ахиралде шваралдаса 60 сон тIубай кIодо гьабураб къоялъ. (AFP)
6
Каир. ТIаса рехарав президент МухIамад Мурсил рахъ ккуразда ва гьезул дандиязда гьоркьоб багъарараб-тунка-гIусси. (epa/Ahmed Khaled)
7
Гьиндустаналъул тахшагьар Мумбаи. ГIарабиялъул ралъдал рагIаллъи. (epa/Divyakant Solanki)
8
Рио-де-Жанейро. Копакабана абулеб пляжалде Рималъул папа Франциск вачIиналде хIадурлъи. (Reuters)
9
Испаниялъул Сантьяго-де-Компостела абулеб шагьаралда аскIоб маххул нухда 24 июлялда ккараб авариялдаса нахъе бахъараб сураталда - лъукъарав машинист Франсиско Хосе Гарсон Амо. Гьев жеги азарханаялда вегун чIун вуго, гьесул гъалатIалдалъун букIараб катастрофаялъул хIасилалда 80 чи гIумруялдаса ватIалъана. (AFP)
10
Алманиялъул Лейпциг шагьар. Паровоз киннигин гьабураб гьавадул пунцIеро. (AFP / DPA )
12
ЦIа ссинабулес кумек гьабулеб буго 24 июлялда Испаниялъул Сантьяго-де-Компостела шагьаралда аскIоб маххул нухда букIараб авариялда лъукъаразе. (AFP)