Cочиялъул Олимпиял ХIаязде хIадурлъулеб мехалда, жидер гIумру кIала-гъоркье сверизабунин абулеб буго цо-цо сочиялъулаз. Шагьаралъул цо мухъалда ралел бакIаздаса рищни-къул бан, ракь ччукIун буго. Минабазул кьучIал хун, цо-цо хъизанал гочине ккун руго. Зарал ккарал гIадамазе компенсация кьезе рагIи кьун букIана нухмалъиялъ, амма гьеб гьабсагIатги щун гьечIин, гIарз гьабулеб буго гьез.
Сочи. Бакуялъул къватIалда
1
Ралел бакIаздаса ришни-къул баялъе гIоло ракь ччукIун, рихарал минаби чIунтараб рукъалдаса жанисан бихьулеб куц.
2
27 сон барав Дмитрий Абжяница бихьизабулеб буго къануназухъ балагьичIого ришни-къун чIехьараб бакI. Гьесул минаги буго аскIобехун.
3
Ракь ччукIиялъул хIасилалда бихун буго чанго мина.
4
Дмитрий Абжан вижараб рукъги бихизехъин буго. Гьеб гьанже ккун буго бетоналъул кирпичаз. Гьелдаса хIинкъун Абжаница жиндирго хъизан гочинабуна банцин лъугIинчIеб цияб минаялде.
5
6
Абжанил минаялъул кьучI
7
8
9
10
Жиндирго бихулеб рукъуве щолеб мехалда? гьесул таксиялъул нух кьватI-кьватIараб букIуна.