Анкьил суратал
1
Чехиялъул магърибалъул рахъ фашистаздаса Цолъарал Штатазул рагъулаз эркен гьаби ракIалде щвезабун "пагьмуялъулаб" конвой щун буго Прагаялде.
2
Афгъанистаналъул лъимал. Мазари-Шариф.
3
Чили. Пуэрто-Монт шагьаралдаса бихьулеб буго Калбуко вулканалъ къватIибе реххулеб ккуйги рохъоги.
4
Лъукъарав вас Сириялъул тахшагьар Дамаскалъул азарханаялда.
5
Коста-рика. Лимон провинциялъул рохьоб.
6
Туркиялъул Диярбакыр шагьаралда аскIоб Дудан бакIалда бугеб гъваридаб гвенд рикIкIунеб буго Дунялалъул тIоцебесеб рагъ унеб мехалда армяназул гIемер гIадамал чIвараб бакIлъун.
7
Чернобылалъул зонаялда букIараб школаялъул классалда жаниб.
8
Украиналъул шахтераз Киевалда хIукуматъул минаялда цебе тIобитIулеб буго протесталъул акция.
9
Ленин ракIалде щвезавун 22 апрелалда Донцкалъул майданалде рахъун рукIана цо-цо сонал цIикIкIарал гIадамал.
10
Афгъанистаналъул тахшагьар Кабулалъул рагIалда кирпич биччалеб заводалда.