ЧІужугІадан борталда йигеб «Шэньчжоу-9» абураб космикияб гама орбитаялде биччана Китаялъ 16 марталда. Китаялъул тІоцеесей космонавтлъун яхъана 33 сонал барай Лю Ян. Гьелда цадахъ орбитаялде сапар бухьана кІиго космонавтас. Экипажалда цебе лъураб масъала буго, орбитаялда бугеб «Тянгунь-І» абураб модульгун цолъи ва гьенир гІелмиял экспериментал тІоритІи. Гьез орбитялда бахъизе буго 19 къо.
ЧІужугІадан ва космос
11
Космосалде щваразул 500-ялдасан цІиккун чиясдасан 55 ккола чІужугІадан. Гьезул аслияб къадар ккола Америкаялъул цолъарал штатаздасан, руго гьел Британиялдасан, Россиялдасан, Канадаялдасан, Япониялдасан, франциялдасан, гьанже Китаялдасанги.
12
1983 соналда «Челленджер» абураб шатллалда тІоцее космосалде щварай чІужугІадан ккола Цолъарал штатазул астронавт Салли Райд.
13
ТІолабго дунялалъул берда цебе космосалде нухда катастрофа ккараб «Челленджер» абураб гамил экипажалде гъорлъе уней йикІана америкаялъул мугІалим Криста МакКалифф. Гьелъ космосалдасан дарс кьезе кколеб букІана жиндирго цІалдохъабазе. МакКалиф орбитаялде
14
1986 соналъул 28 январалда биччан хадуб 73 секундалдасан кьвагьараб америкаялъул «Челленджералъул» ккуйдул лъалкІ. Хвана экипажалъул анкьавго чи.
15
Цолъарал штатазул космикияб шатллалъул тІоцеесей командир америкаялъул рагъул авиациялъул хьалбихьи гьабулей пилотлъун йикІарай Эйлин Коллинз І999 соналдасан байбихьун орбитаялде щвана 4 нухалда.
16
Индиялъул кьалбал йигей американияй Калпана Чавла (квагІай) ва Лорел Кварк хІалтІулел руго «Колумбия» абураб космикияб гамил борталда 2003 соналъул январалда. КІиго анкьалдасан гамида ккараб авариялъул хІассилалда хвана гьелда жанир рукІарал киналго.
17
Ираналъул кьалбал йигей Ануше Ансари ккола тІоцеесей чІужугІадан – космикияй турист. 2006 соналда гьелъ гІемер гІарац кьуна халкъазда гьорокьсеб космикияб станциялде жидерго тІадкъаял тІуразаризе роржунел астронавтазда цадахъ орбитаялде щвезе ресалъухъ.
18
Американияй астронавт Пегги Уитсон (кваранисей) ккола бищунго гІемер заман (377 сордо-къо) космосалда ва бищунго гІемер заман рагьараб космосалда бахъарай чІужугІадан. Гьей гьединго ккола халкъазда гьоркьосеб космикияб гамил тІоцеесей чІужугІадан-командир
19
2008 соналъул 25 сентябралда Китаялъ Цзюцзюан космодромалдасан биччана тІад тайконавталгун «Шенчжоу – 7» абураб космикияб гама. Инсан жанивгун космикиял гамаби орбитаялде битІулезул сияхІалде Китай ккана 2003 соналда.
20
Китаялъул руччабаздасан гІуцІараб тІоцебесеб пилотазул къокъаялдасан цоялъ хасаб ишара бихьизабулеб буго 2009 соналъул августалда нухмалъиялъ гьезда гъорлъан тайконавтазул кандидатал рищизе рукІиналъул хІакъалъулъ лъазаби рагІун хадуб.